peoplepill id: iz-kakhabroso-makhmud
IKM
Russia
3 views today
17 views this week
iz Kakhabroso Makhmud
Russian writer and poet (1873-1919)

iz Kakhabroso Makhmud

The basics

Quick Facts

Intro
Russian writer and poet (1873-1919)
Places
Work field
Gender
Male
Birth
Place of birth
Dagestan Oblast, Russian Empire
Death
Place of death
Makhachkala, Russia
Age
46 years
The details (from wikipedia)

Biography

Шаблон:Нет изображения

ХъахӀабросолъа МахӀмуд (1873 - 1919)

Файл: Махмуд из Кахабросо.jpg МахIмудил хIакъикъияб сурат МагӀарулазул гьунар тӀокӀав шагӀир, литератураялда жаниб жиндир цӀар меседил хӀарпаздалъун хъварав, МахӀмуд гьавуна, гьанжесеб Унсоколо районалъул, ХъахӀабросолъ. Мискин - къварилъиялда жанив гӀурав чи вукӀана гьев. Гьесул эмен Анасил МухӀамад вукӀана рохьоб тӀурччи бухӀун гьеб Хунзахъ базаралда бичизе хьвадулев чи. Жиндир чара - гьунаралда балагьун МухӀамадица пикру гьабула вас мадрасалде цӀализе кьезе. МутагӀиллъиялда уна гӀумруялъул чанги сонал шагӀирасул. Цогидал мутагӀилзабазда цадахъ гьевги щола росулъа росулъе. Амма МахӀмуд вукӀана гьитӀинаб заманалдасанго цӀакъго кочӀода варав чи, гьев жиндир динияб гӀумруялъ, исламияб цӀалиялъ, кӀвечӀо ватӀа гьавизе кечӀ ахӀиялдаса. Мадрасаялда цӀалулев вукӀаниги камулароан гьев кеп - ихтилаталъул мажлисазда. ТӀоцере чидал кучӀдул ахӀулев вукӀаниги хаду - хадуб живго кучӀдул гьаризе ва гьел ахӀизе лъугьана гӀолохъанав шагӀир. Абухъе, гьес 14 сон тӀубаралдаса гьаруна кучӀдул.

Муилги МахӀмудидехун балъгояб балай букӀаниги нухал къана гьелъие кьолбол гӀадамаца. Къо бахъанагӀан цӀикӀкӀун йокьана шагӀирасе жиндир рокьи ккарай. Амма Муи йикӀана чидал лъади. Рос хварай лъади йикӀана Муи, лъималги рукӀана гьелъул. Гьей кӀочон телилан росулъа къватӀиве ана МахӀмуд. Щвана гьев ЦӀоралде, Бакуялде, Тифлисалде. Хадувги гьев ана Карпаталде. Гьеб заманалъ букӀана тӀоцебесеб дунялалъул рагъ. МахӀмуд гьениве щвана Дагъистаналдаса гьенибе битӀараб магӀарулазул полкалда цадахъ. Амма, къо бахъанагӀан жеги цӀикӀкӀун ракӀалде къан гурони, кӀочон течӀо гьесда росулъ тарай йокьулей. Гьеб гуребги росу - ВатӀаналдаса рикӀкӀад вукӀин захӀмалъана гьесие. Карпаталда вукӀарабшинаб заманалъ МахӀмуд щибаб минуталъ урхъана росу - авлахъалъухъги, ракӀ - ракӀалъ хирияй Муихъги.

БицинчӀого тезе бегьуларо "Мариям" абураб гьесул поэмаялъул тарих. Карпаталда МахӀмудил гӀумру уна казарма - окопалда. Гьебги эркенлъи хирияв магӀаруласе рекӀее гӀолеб жо букӀинчӀо. Цо рахъалъ Муил пикраби, цо рахъалъ ватӀаналъухъ ракӀ урхъи, цо рахъалъги бидулаб рагъ. Рагъда хола МахӀмудил гӀагарав гьалмагъ. Цо къоялъ жиндир гьалмагъ чӀварав тушман тохлъукье дандчӀвала гьесда. Бахъун хвалченгун МахӀмуд лъугьуна гьесда худув. ХӀинкъарав тушманги церковалде тӀурун уна гьасухъа. МахӀмуд жаниве вахъараб мехалъ гьев вукӀуна, капуразул гӀадаталда, ГӀиса аварагасул эбелалъул сураталда цеве накабаздаги чӀун жив цӀунейилан гьардолев. ГӀажагӀиблъула тушман МахӀмудил кодоса хвалчен бортун ин бихьун, къадада бараб Мариямил сураталъухъ хаган валагьи бихьун.

Рокьуца велъарав, даим рукьбазда гьелъ лъураб цӀадул свин гьечӀев, МахӀмуд хӀайранлъула сураталда йигей гӀаданалъул берцинлъиялъухъ, жий щий йигеяли лъачӀониги. Гьасда ккола живго гӀадин жив хадув лъугьарав чиги рокьул гӀашикъ вугилан, гьанжеги гьай берцинай, Муида релълъарай гӀаданалъул, сураталдаса кумек гьарулев. ТӀаса лъугьун тола МахӀмудица жиндир гьадмагъ чӀварав тушман. Хадуб Мариамги Муиги данде ккун гьабула гьес жиндир "Мариям" абураб поэма.

ТӀоцебесеб дунялалъул рагъдаса вуссун хадув шагӀирасул лъай - хъвай ккола, магӀарулазул цӀар рагӀарав герой, МахӀач Дахадаевасулгун. Гьеб гражданияб рагъул байбихьул заманалда чанго тӀадкъай тӀубала МахӀмудица МахӀачил.

МахӀмуд чӀван хвана 1919 соналъ. Цо - цо чагӀаца чӀезабулеб буго МахӀмуд чӀванин гьесул гьоболас. Цогидацаги далил бачулеб буго гьев, МахӀачил тӀадкъай тӀубазе унаго нухда ХӀоцоса Нажумудинил къокъаялъ чӀезавун, Игьалив туснахъалда вукӀаго гьебго росулъа Магьдил МухӀамад абурав чияс чӀванилан. Амма кӀиябго рахъ ккурал чагӀазул рекъон кколеб рахъ МахӀмуд Игьалиса Магьдил вас МухӀамадица чӀванилан аби буго. МахӀмудица, абизе бегьула, хъванин кучӀдул жеги авар адабияталда цониги чияс хъвачӀел ва хъвазеги гьечӀел. Кинаб кечӀ гьесул босаниги буго щивав рокьи ккарасул рекӀелъа бачӀунеб, щивав гӀашикъасул пикру гӀахьал гьабун хъвараб гӀадаб. Абизе бегьула МахӀмудица церего ккун хъванин щивавго рокьи ккарасул рекӀел анищал, мурадал, гьесул каранзул хӀалал. Гьедин, жиндир рокьул цебего хъван батанилан абуна МахӀмудил рахъалъ гьабураб кочӀолъ Расул ХӀамзатовасги, гьесие кӀудияб къимат кьолаго. Гьелдаги буго шагӀирасул кочӀол къуват, пасихӀлъи, камиллъи. Гьебги щивав шагӀирасе насибаб жо гуро.


The contents of this page are sourced from Wikipedia article. The contents are available under the CC BY-SA 4.0 license.
Lists
iz Kakhabroso Makhmud is in following lists
comments so far.
Comments
From our partners
Sponsored
Credits
References and sources
iz Kakhabroso Makhmud
arrow-left arrow-right instagram whatsapp myspace quora soundcloud spotify tumblr vk website youtube pandora tunein iheart itunes